КЪУНКЪРАБИ / ЖУРАВЛИ

12+
12+

21 час назад

ПожаловатьсяНарушение авторских прав
12+
12+

21 час назад

ПожаловатьсяНарушение авторских прав
12+
12+

21 час назад

Музыка Магомед-Нура Гаджиевича Магомедова (Манур). Стихи Расула Гамзатовича Гамзатова (1923 – 2003). Исполняет Манур. ХӀамзатил Расул (1923 – 2003) КЪУНКЪРАБИ Дида ккола, рагъда, камурал васал Кирго рукъун гьечӀин, къанабакь лъечӀин. Доба борхалъуда хъахӀил зобазда ХъахӀал къункърабазде сверун ратилин. Гьел иххаз хаселаз халатал саназ Нилъее салам кьун роржунел руго. Гьелъин нилъ пашманго, бутӀрулги рорхун, Ралагьулел зодихъ щибаб нухалда. Боржун унеб буго къункърабазул тӀел, Къукъа буго чӀварал гьудулзабазул. Гьезул тӀелалда гъоркь цо бакӀ бихьула – Дун вачӀине гьаниб къачӀараб гурищ? Къо щвела борхатаб хъахӀилаб зодихъ, ХъахӀаб къункъра лъугьун дунги паркъела. Гьелъул гьаркьидалъун ракьалда тарал Киналго нуж, вацал, дица ахӀила.

Название:

КЪУНКЪРАБИ / ЖУРАВЛИ

Категория:

Разное